ХӀоцоса Нажмудин
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
Wikipedia
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Unknown
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jul 21, 2025 13:00
POS-tagging Coverage:
97.1%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (21)
21 sentences
1
ID: 92339
Дагъистаналъул тарихалда ХӀоцоса Нажмудинил хӀакъалъулъ гӀадин жинда тӀасан гӀемерал гьерсал рицарав, чорокал бугьтанал лъурав чи тӀокӀав батӀияв ватизе рес гьечӀо.
2
ID: 92340
Дагъистаналъулги Чачаналъулги имам ХӀоцоса Нажмудин кидаго рикӀкӀунаан ва жеги рикӀкӀуневги вуго жиндирго ватӀаналда хӀукуматалъулги халкъалъулги кӀудияв тушманлъун.
3
ID: 92341
Совет тарих гӀелмуялда ХӀоцосев рикӀкӀунаан гьересияв имамлъун, хъачагъазул цевехъанлъун, хӀарамаб бечелъиялъул бетӀергьанлъун ва гь.ц.
4
ID: 92342
Совет хӀукуматалъе гӀоло гьабураб къеркьеялъул хӀакъалъулъ тӀасан хъварал гӀелмиял хӀалтӀабаздаги цӀализе хъварал асараздаги ХӀоцоса Нажмудинил хӀакъалъулъ хъвалаан кӀудияб рокьукълъигун, гӀадада гӀемераб халкъ гъуризабурав хӀарамзадал хӀакъалъулъ гӀадин.
5
ID: 92343
Дагъистаниязул чанго наслуялъул пикруялъулъ куцана Нажмудинасдехун рокьукълъи.
6
ID: 92344
Гьелдаса хадуб цӀакъ захӀмат букӀана ва гьанжеги буго гӀадамазда къабул гьабизабизе гьесул хӀакъалъулъ абураб ритӀухъаб рагӀиги гьезул пикруялъулъ лъугьараб гьесул чӀегӀераб сураталъухъ гьел батӀайиса ралагьизаризеги.
7
ID: 92345
Жакъа Дагъистаналда цӀакъ гӀемераб адабият, асарал, гӀелмиял хӀалтӀаби руго хъван Совет хӀукуматалъе гӀоло къеркьарал инкъилабчагӀазул хӀакъалъулъ.
8
ID: 92347
Гьеб вагӀзаялда гьес абулеб букӀана::«Жиндир мадугьаласул, гӀагарасул мал-мулкалде квер бегьарал бусурбаби рикӀкӀине ккола капурчагӀилъун. Гьел, жамагӀаталъул хъурумусахъалгун къеркьей ккола щивав муъминчиясул мукъадасаб налъилъун. ШаригӀаталъ бихьизабун буго бищун кьварараб тамихӀ гьединал чагӀаздехун, дица гьеб тамихӀ гьабизе буго кьварун, щибго рахӀму гьечӀого. Биччанте лъазе киназдаго, гӀурусасул ялъуни хъазахъасул магӀишаталде квешаб къасд лъурав щинав чӀвазе вуго, бусурабабазул жо бикъарав чиясул къотӀизе буго квер, чӀварал талавурчагӀи ва гъачагъал бусурбан къагӀидаялда рукъизе гьечӀо, гьел, балкан киниги, хабалазда аскӀор ракьулъ рукъун тезе руго. Дица цойги нухалъ такрар гьабулеб буго, гӀурусаздехун, нилъер гьудулзаби - хъазахъаздехун зина гьабуразе дица цӀоб тун тамихӀ гьабизе буго, щай гурелъул гьаб захӀматаб заманаялда нилъеца цӀунизе ккола мадугьалзабигун лъикӀаб гьоркьоблъи. Мадугьалзабигун бугеб нилъер ракълилаб гӀумру хвезабизе ва нилъер ракьалда гӀадлу-низам гьечӀолъи чӀезабизе бокьарал чагӀи ккола исламалъул тушбабилъун…».
9
ID: 92355
МугӀрузулаб Жумгьурият биххун ва хӀукуматалъул бетӀерлъуде генерал МикагӀил Халилов вачӀун хадув Нажмудин данде чӀеялъул рахъалде уна.
10
ID: 92358
ГӀицӀго 2005 соналда бахъана басмаялда Нажмудинил хӀакъалъулъ лъикӀаб, рагӀа-ракьанде щун, гьесул бечедаб гӀумруги, гӀелмуги, хӀаракатги баян гьабураб тӀехь - «ХӀоцоса Нажмудин: ХХ гӀасруялъул тӀоцебесеб ункъил бутӀаялда Дагъистаналда жамгӀиябгун сиясияб къеркьей».
11
ID: 92359
Гьеб къиматаб хӀалтӀи хъварав чи ккола тарихиял гӀелмабазул доктор ХӀажи-Мурад Доногъо.
13
ID: 92361
КигӀан коммунистазул заманалда Нажмудин халкъалда кӀочон тезавизе хӀаракат бахъаниги, гьев кӀудияв мужагьид, гьунар тӀокӀкӀав гӀалимчи, чилъи кӀудияв инсан, гӀагараб халкъалда кӀочон течӀо ва тезе гьечӀо.
14
ID: 181631
Гьезул хӀакъалъулъ рахъун руго кинопилмал, гьарун руго телевидениялда рахъарал параграмаби, гьезул цӀарал кьун руго шагьаразул къватӀазе, росабазе ва гь.
15
ID: 181640
Октабиралъул инкъилабги Россиялда коммунистазул хӀакимият чӀезабиги ХӀоцоса Нажмудиница къабул гьабичӀо, хӀатта гьелдехун гьесул букӀана тушманлъиялъулаб бербалагьи.
16
ID: 181641
1919 соналъул марталда гӀуцӀана МугӀрузулаб Жумгьурияталъул цӀияб хӀукумат Пишемахо Коцевгун бетӀерлъуда.
17
ID: 181642
Гьениве гъорлъе, шаргӀалъул ишазул нухмалъулев хӀисабалда вачана ХӀоцоса Нажмудинги.
18
ID: 181643
1919 соналъул апрелалда МугӀрузулаб Жумгьурияталъул мажлисалъул хӀукмуялда рекъон ХӀоцоса Нажмудин шаргӀалъул ишазул идараялъул бетӀер хӀисабалда вачун вукӀана хӀукуматалъул вакилзабазул гъорлъе Деникинил аскаргун гарачӀвари гьабизе.
19
ID: 181645
Гьеб хӀаракат БагӀар Аскаралъ къинабун хадуб ва Дагъистаналда Совет хӀукумат тӀубан щулалъаго, 1921 соналъул маялда ХӀоцоса Нажмудин лъазавун вукӀана Дагъистан халкъалъул тушманлъун ва гьев вахчарилев вукӀана Дагъистаналъулги Чачанистаналъулги ракьалда.
20
ID: 181646
1925 соналда имам Нажмудин ккуна ва Хьундасеб Кавказалъул караялъул ОГПУ-ялъул хӀукмуялда рекъон гьесие чӀвазе къотӀула.
21
ID: 509741
1917 соналъул 5 ноябралда чачаназул гьариялда рекъон, ХӀоцоса Нажмудин вачӀуна Гудермесалде, Чачанистаналда цӀакъго тӀибитӀун букӀараб хъачагълъиялдеги зинаялдеги данде вагӀза гьабизе.