Шота Руставели
Explore the content and search within this document
Document Information
Source:
Wikipedia
Author:
Unknown
Date:
Unknown
Genre:
Unknown
Language:
Avar
Tags:
None
Added:
Jul 21, 2025 13:02
POS-tagging Coverage:
92.2%
(Jun 13, 2026)
Search within this document
All Sentences (19)
19 sentences
1
ID: 93682
ТӀибитӀараб версия буго, гьесул фамилия ггьев гьавураб Рустави абураб росдадаса бачӀараб бугилан.
2
ID: 93683
Живго Шотаца жиндирго фамилия хъвалеб букӀана «Руставели» гуреб, «Руствели» абун; гьелъ бихьизабизе бегьула Шота цо чӀван-къотӀараб росулъа гурев вукӀин.
4
ID: 93686
Жакъа къоялъги гьечӀо мухӀканал баянал шагӀир гьавураб ва хвараб къо-моцӀалъул, гьесул лъугьиналъул ва биографиялъул гӀемерисел бутӀабазул хӀакъалъулъ.
5
ID: 93688
Шота цӀалулев вукӀун вуго Грециялда, вукӀун вуго Тамар пачахӀалъул хазиначилъун (батана гьесул гъолбас 1190 соналъул акталда).
6
ID: 93689
Гьеб букӀана Хъизихъалъул сиясияб къуваталъул ва лирикияб поэзия цебетӀеялъул заман.
8
ID: 93692
Гьанисан гьабизе бегьула Руставелица килисаялъе кутӀудияб квербакъи гьабун букӀанилан абураб натижат.
9
ID: 93693
Гьомерил шигӀрабиги, Платонил философияги, теолгияги, риторикаги, парс ва гӀараб адабиятги лъалев Руставели вуссуна адабияталъулаб пишаялде ва хъвала шигӀру «ЦӀиркъил тӀом ретӀарав бахӀарчи» - гуржи адабияталъул ва хъвагӀиялъул чӀухӀи.
10
ID: 93694
Биценазул цоялда рекъон, цӀакъ Тамарахъ гӀищкъу ккарав Шотаца гӀумру рагӀалде бахъинабула килисаялъул хӀужраялъуб.
11
ID: 93695
Бицуна, XVӀӀӀ гӀасруялъул гуржи миторополит Тимофейида Мукъадасалда гуржиязул пачахӀзабаз бараб Хъанчил килисаялда Шотал хоб ва сурат бихьун бугилан.
12
ID: 93696
Цогидаб версиялда рекъон, Тамарахъ рокьи ккарава Шотаца ячун йигу Нина абурай гӀадан, ва бертадаса хадуб пачахӀалъул амру бачӀун буго гьелъие шагьас гьабураб адабияб сайигъат гуржи мацӀалде таржама гьабеян абун.
13
ID: 93697
Гьеб амру Шотаца тӀубан буго, амма жиндирго хӀалтухъ сайигъаталдаса инкар гьабун буго.
15
ID: 182747
Жиб гуржи ва тӀолгодунялалъул адабимяталъул бищун кӀвар бугел асаразул цояблхун кколеб "ЦӀиркъил тӀом ретӀарав бахӀарчи" абураб хрестоматияб эпикияб шигӀруялъул автор.
16
ID: 182754
ГьечӀо лъалеб жого гьесул инсул хӀакъалъулъ; гьечӀо мухӀканаб информация Шотал вацал-яцал рукӀиналъул, книаб-букӀаниги информация гьесул эбелалъул хӀакъалъулъ.
17
ID: 182755
«ЦӀиркъил тӀом ретӀарав бахӀарчи» асаралъул ахириял мухъазда гьес жив месх вугилан хъван букӀаниги, чӀван-къотӀун абизе кӀоларо гьев месхетияв вукӀанин абун.
18
ID: 182758
Цо-цо тарихиял баянал щвезе бегьула Мукъадасалда бугеб Хъанчилаб килисаялъул Синодикаялдаса.